Миллияб политикаялъул масъалаби ДРялъул хIукуматалъул председателас тIобитIараб данделъиялда бицана, пачалихъияб миллияб политика гIумруялде бахъинабулаго гьарулел ругел хIалтIабазул хIакъалъулъ.Гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДРялъул миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министр Татьяна Гамалейица. Гьелъул баяназда рекъон, 2013-2014 соназда министерствоялъ муниципалитетазулгун къотIаби гьаруна миллиял бухьенал щулалъизариялъул хIакъалъулъ. Гьезда рекъон, 29 муниципалияб гIуцIиялдаги шагьаразул округаздаги хIадурун руго муниципалиял...
