Европаялъул чемпионаталде хIадурлъи ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана данделъи Данделъиялда Владимир Васильевас баркала кьуна президентасул рищиял тIоритIизеги гьениб гIадлу-низам букIинабизеги хIаракат гьа- бурал пачалихъиялги муниципалиялги идарабазул нухмалъулезе. Централияб рищиязул комиссиялъги гьеб хIаракаталъе лъикIаб къимат кьунинги абуна гьес. ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас бицана гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталде гьабулеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ....
