Депутатазда божилъи гьабуна 16-яс гурони данде гьаракь кьечIо. ХутIарал разилъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло цоабилеб сессия, гIадатлъун билълъухъе, байбихьана фракциязул вакилзабазул кIалъаяздаса. «Коммунистазул», «РитIухъаб Россиялъул» ва «Цогояб Россиялъул» депутатазул рахъалдасан кIалъарал депутатаз кIварбуссинабуна батIи-батIиял партиязул гIуцIабазул хIалтIулъ, лъимал гIемерал хъизаназе ракьул паял кьеялъулъ ва цогидалги суалазулъ ругел гIунгутIабазде.ТIоцебе халгьабуна МахIачхъала, Каспийск шагьаразда ва...
