ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана данделъи Гьелда гIахьаллъана республикаялъул пачалихъиял идарабазул нухмалъулелги бизнесалъул вакилзабиги. Владимир Васильевас къокъго бицана улкаялъул президентас тIобитIараб данделъиялъул хIакъалъулъ. Хадуб байбихьана тахшагьаралъул дармилгун рекIелгъеялъул центраздаги, гIемерал гIадамал ракIарулел цогидал бакIаздаги цIаккеялдаса цIуниялъул халгьабиязул хIасилазул хIакъалъулъ бицине. Гьеб масъалаялда бан, ДРялъул ГОялъулги, ЧСалъулги нагагьал балагьаздаса цIуниялъулги ишазул рахъалъ министр...
