Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубай кIодо гьабуна улкаялъул тIолалго регионазда. Щибаб областалъул, щибаб республикаялъул, щибаб краялъул маданияталъул кIалгIабахъ, библиотекабазда, школаздагун лъималазул ахазда кIодо гьабуна кIудияв шагIир гьавураб къо. ГIемерисел бакIазда «ХъахIал къункърабазул» къоялги тIоритIана. Киназего асар гьабуна Доналда бугеб Ростов шагьаралъул майданалда хоралъ ахIараб шагIирасул «ХъахIал къункъраби» кечIалъ. Хоралда гIахьаллъана азарго чи. Шагьаралъул цо...









