Россия: жакъа ва метер Анкьабилеб маялда Владимир Путиница ункъабилеб нухалдаги президентасул хъулухъалде лъугьиналда бан, улкаялъул аслияб законалда тIад кверги лъун, гьа бана ва халкъалъул хIажалъаби тIураялъе бажарарабщинаб гьабизе бугин абуна. Гьелдаса хадуб РФялъул Конституциялъулаб судалъул председатель Валерий Зорькиница лъазабуна гьанжеялдаса нахъе Владимир Путин РФялъул президент кколин ва баркана гьесда тIадегIанаб хъулухъ. Данделъаразда цеве кIалъалаго...
