38 гъуршицаги бер бахъиларо Лъималазе кьолеб гIарцул къадар цIикIкIинабуна Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло ункъабилеб сессиялъул байбихьуда, гIадатлъун билълъухъе, фракциязул депутатаз гьарулел рукIарал кIалъаял гьаб нухалда гьаричIо. Гьединлъидал сессияги байбихьана гьоркьор лъезе росарал суалаздасан. Масала, тIоцебесеб суал букIана «Дагъистан Республикаялда патриотизм куцаялъул суалазул правовиял кьучIазул хIакъалъулъ» абураб. Аслияб куцалда гьениб пикру буссинабулеб буго дагъистаниязулъ...
