Владимир Васильевас какана школал цIалул тIахьаздалъун хьезариялъулъ бугеб ахIвал-хIал. Гьелъул хIакъалъулъ бицана лъайкьеялъул министр Уммупазиль ГIумаровалъ.— Республикаялъул цо-цо школазда руго къваригIунарел тIахьал. Масала, Агул районалъул росабазул школазда руго гъваридго паранг ва ингилис мацIал малъиялъул тIахьал. Болъихъ районалда кколелдаса цIикIкIун ратана тIахьал. РакIалда буго школазул библиотекабазда ругел тIахьазул хIисаб-суал гьабизе. Гьенир гIодор лъун ратулел руго къваригIаралги...
