Гьал къоязда ДРялъул бетIер Сергей Меликов дандчIвана СВОялда хварал дагъистаниязул хъизамалгун. ДандчIваялда рукIана ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулесул ишал заманалда тIуралев МахIач ГIумаровги, ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровги, республикаялъул рагъулав комиссар Дайтбег МустIапаевги. Данделъи байбихьана рагъда чIваразул хIурматалда сихIкъотIиялдалъун. С. Меликовас тIугьдул лъуна рагъухъабазул суратазда цере ва гьезул гIагарлъиялда зигара бана. «СВОялда чIварал гIолохъабазул рухIел сунцаниги...
