Документазул суал Интернеталъул кумекалдалъун тIуразе бегьула Исана анкьабилеб сон буго нилъер улкаялда «Госуслуги» абулеб портал хIалтIизе байбихьаралдаса. Гьелъ рес кьола хIукуматалъул ва муниципалиял хъулухъазул хIакъалъулъ гIадамазе мухIканал баянал щвезе. Порталалъул букIунеб квегIенлъиялъул ва гьениб хъвай-хъвагIай гьабизе кколеб къагIидаялъул хIакъалъулъ бицана МахIачхъалаялъул МФЦялъул хIалтIухъан ГIабдула Къушевас: — ГIабдула, электронияб къагIидаялда тIуразарулел пачалихъиял хъулухъазул (госуслуги) аслиял...
