10 февраль Россиялда рикIкIуна дипломатиялъул хIалтIухъанасул къолъун. Гьелда бан нижеца гара-чIвари гьабуна Россиялъул МИДалъул МахIачхъалаялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулев ГIамирхан МухIамаддадаевасулгун. Россиялъул МИДалъул вакиллъи МахIачхъалаялда рагьана 1997 соналъул 12 февралалда. Улкаялда гьединаб вакиллъи 37 буго. Гьел рагьана цогидал пачалихъазулгун гIорхъаби ругел субъектазда. Масала, нилъер республикаялъул гIорхъи буго Грузиялъулгун, Азербайжаналъулгун, Казахстаналъулгун, Туркмениялъулгун, Ираналъулгун. Нижер...
