Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда бицана Дагъистаналда шагьарал раялъулги архитектураялъулги хIакъалъулъ Лъабабилеб авгутсалда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе бугеб ДРялъул шагьарал рай ва архитектура цебетIезабиялъул советалъул данделъи. Гьенир церелъурал масъалабазда гьоркьоб букIана МахIачхъалаялъул аслияб майдан цIигьабиялъул суалги. Гьениб бицана тахшагьаралъул тарихияб сипат цIуниялъулги, рекламабазул хIаракат низамалде ккезабиялъулги, аслияб майданалдасан транспорт хьвадиялъе рес кьеялъулги хIакъалъулъ.Регионалъул нухмалъулес абуна, гIемерал...
