Мадугьалзабазулгун бухьенал Россиялъулги Азербайжаналъулги экономикаялъул министерствабаз къотIаби гьаруна 27 сентябралда ДРялъул бетIерас гIахьаллъи гьабуна Азербайжаналда тIобитIараб Россиялъулгун Азербайжаналъул регионазда гьоркьосеб данделъиялда. Гьесда цадахъ гьенир рукIана Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, гьесул заместитель Елена Ельникова, ДРялъул экономикаялъулги территориалияб цебетIеялъулги министрасул ишал тIуралев ГIусман Хасбулатов, гьесул гIакълучи Игорь ГIубайдуллин, росдал магIишаталъулгун кванил нигIматазул министрасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим...
