Москваялдагун Санкт-Петербургалда митингал ва МахIачхъалаялда пикет Ахирисеб нухалда Москваялда митинг букIана 20 июлалда: Сахаровасул цIаралда бугеб проспекталде вачIун вукIана 20 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Абулеб буго, Сахаровасул проспекталде рачIарал гIадамал рази гьечIин Москва шагьаралъул думаялде кандидатал рищиялъул мурадалда тадбирал хIадурулаго, кандидатлъиялъе документал кьурал гIадамазул хъвай-хъвагIай гьабунгутIиялдаса. Бицунеб буго, рищиязул комиссиялъ рищиязда гIахьаллъизе ихтияр кьечIел кандидатазул...
