ЦIияй министралъул цIиял ишал Жий диналде дандечIарай гIадан гурин лъазабуна Е. Толстиковалъ Екатерина Толстиковалъул цIар лъикIго лъала Дагъистаналъул учительзабазда. Гьелъ хIаракат бахъулеб букIана республикаялда лъайкьеялъул даража борхизабизе. Амма лъаларо щаяли, бачIинахъего къабуллъичIо гьей лъайкьеялъул жаваб кьолезе. Гьелъ хIалбихьун букIана, масала, учителасе хIалтIул категория гьабулаго, хиса-басиял гьаризе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь рагьана МахIачхъалаялда гIелмабазул гьитIинаб академия....
