РФялъул хIукуматалъул комиссиялъул данделъи Данделъи тIобитIана 26 февралалда Грозныялда. Гьеб нухда бачана улкаялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги.Комиссиялъул гIахьалчагIаз бицана вузал лъугIизарурал гIолохъанал махщелчагIи хIалтIи гьечIого хутIулел рукIиналъул хIакъалъулъ. «Улкаялъул выпускниказул хIисаб гьабураб мехалда, гьезул лъабил бутIа хутIулеб буго хIалтIи щвечIого. Гьеб ккола пачалихъияб масъала», — ян абуна...
