ХIилла-рекIкI гьабулезда кколеб рагIи абизе буго ДРялъул премьер-министрасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовас тIобитIараб данделъиялда бицана исана марталда тIоритIизе ругел улкаялъул президентасул рищиязде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги. «Нилъеда тIадаб буго рищиял ракIбацIцIадго тIоритIизе. Рищиязул заманалда тIатуна рекIкI гьабиялъул гIемер хIужаби. Пачалихъиял идарабаз хIаракат бахъизе ккола гьединал хIужаби тIагIинариялъе ва...
