Дараби ва багьаби ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана сахлъицIуниялъул рахъалъ надзоралъул федералияб хъулухъалъул вакил Михаил Мурашкогун М. Мурашкоца бицана жив щванин республикаялъул медициная-лъул чанго идараялде. «Нижеца хасаб кIвар кьола регионалде. Гьанир тIоритIула батIи-батIиял тадбирал. Дагьа-макъабго хиса-баси гьабун бажарана, амма масъалаби жеги гIемер руго. Аслияб мурад буго улкаялъул президентасул указ пайдаялъе хIалтIизабулеб бугищали...
