Россиялъул президент дандчIвана регионазул цIирищарал бутIрулгун ИчIабилеб сентябралда улкаялъул регионазда, гьездаго гьоркьоб Дагъистаналдаги, тIоритIана рищиял. ДРялъул Халкъияб Собраниялъул данделъиялда республикаялъул бетIерлъун вищана Владимир Васильев. Президентасулгун букIараб дандчIваялда гIахьаллъана гьевги.РФялъул президентас гьадин абуна гьеб дандчIваялда:«Жакъа гьанире ракIарун руго хIалбихьи бугелги гьанжелъизегIан федерациялъул субъектазул нухмалъулезул ишал тIуралел рукIаралги цIирищаралги нухмалъулел. Бокьун буго нужеда киназдаго баркизе рищиязда...
