Гьал къоязда Москваялда тIобитIараб «Единая Россиялъул» съездалда гIахьаллъана Дагъистаналдаса 26 делегат. Аслияб куцалда гьениб бицана исана сентябралда рукIине ругел рищиязде кинаб хIадурлъи гьабулеб бугебали. Гьединго тасдикъ гьаруна щибаб регионалдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъиялде рихьизарурал кандидатазул сияхIал. Дагъистаналъул сияхI гьадинаб буго: НурбахIанд НурбахIандов, Сайгидпаша ГIумаханов, Хизри Абакаров, Артем Бичаев, Бийсултан ХIамзаев, Мамед ГIабасов, Кубатай...
