Халкъалъе хъулухъ гьаби ДРялъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда бицана «ХIинкъигьечIеб хIукумат» абураб проекталъул хIакъалъулъ Гьелъул аслияб мурадги ккола республикаялъул тIалъиялъул гIадатияб халкъалде лъикIаб бербалагьи букIинаби. Дагъистаналъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановас бицана гьеб проект гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда «Росатомалъулгун» гьарурал къотIи-къаязул хIакъалъулъ. ГьабсагIаталда проекталда гIахьаллъулел руго МФЦял, къого батIияб идара, 17 больница, анлъго...
