Запись

«Неонацистаз къор гъуна Украинаялъе»

            Донбассалъул гIадамазе кванил нигIматазул, ратIлил, рокъоб-къватIиб къваригIунеб къайи-цIаялъул рахъалъ кумек гьабулел пунктал рагьун руго МахIачхъалаялда, Каспийскиялда, Гъизляралда ва цогидалги шагьараздагун районазда. Гьезие гьеб кинабго бакIарулеб буго гIадатиял гIадамазги, хъулухъчагIазги, политикиял партиязул вакилзабазги, Росгвардиялъулазги, студентазги, бизнесчагIазги. Масала, Ростов, Нижний Новгород областаздегун Крымалде рачIарал ДНРалъул ва ЛНРалъул гIадамазе 50 тонна дарабазулги,...

Запись

Россиялъул Президентас хитIаб гьабуна

       Россиялъул президентас ООНалъул Уставалъул №51 статьяялда рекъон, Федералияб Советалъул изнуялдалъун ва гьединго Донецк ва Луганск республикабазулгун нилъер пачалихъалъул гьудуллъиялъул ва цоцазе кумек гьабиялъул хIакъалъулъ гьарун ругел КъотIи-къаялги хIисабалде росун, хIукму гьабуна гьел республикабазда хасаб рагъулаб тадбир тIобитIизе. Гьединлъидал 24 февралалда радал гIужалда нилъее киназего ккана гIадатияб гуреб лъугьа-бахъин. Донбассалда ккараб дандеккунгутIиялъул хIасилалда...

Запись

ЦIияб гIумру — цIияб закон

«Халкъияб нухмалъиялъул цогояб низамалда бакIалъулаб, жидецаго жидерго хIакимлъиялъул ва цогидалги ишал тIуразарулеб къагIидаялъул нухмалъиялъул гIаммал масабазул (принципазул) хIакъалъулъ» абураб федералияб законалъул проекталда тIасан гIемераб хабар буго халкъалда гьоркьоб. Гьелъ батIи-батIиял, вабил гIаксиял пикрабиги рижизарулел руго. ГьабсагIаталда гьеб, 88 статья- ялдасан гIуцIараб, кIинусиялда хадуб гьумер бугеб законалъул проект, Россиялъул киналниги субъектазде битIун, гьоркьоб лъолеб, дандбалеб, гьезул...

Запись

Сельсовет хисун — территориалиял отделал

18 январалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз къабул гьабуна росабазул администрациязда хурхун бахъараб федералияб законалъул проект («Об общих принципах организации местного самоуправления в единой системе публичной власти»). Гьелъие разилъи кьуна 63 депутатас. ДандечIана кIигояв. Анкьго депутатас хIукму гьабуна вуцIцIун чIезе. Гьеб законалъул проекталъул хIакъалъулъ бицана законал рахъиялда, пачалихъияб гIуцIиялда, бакIалъулаб нухмалъиялда ва регламенталда хурхун гIуцIараб ДРялъул...

Запись

Салман Дадаев: «2025 соналде щвезегIан дун гьаниса кивениги ине гьечIо»

Гьал къоязда МахIачхъала шагьаралъул мэр Салман Дадаев дандчIвана республикаялъул ва федералиял СМИязул журналисталгун. Гьелъие гIиллалъун ккана 13 январалда журналистазул махщалилаб къо кIодо гьабулеб букIин.   Мэрасулгун журналистазул ракI рагьараб гара-чIвари халатбахъана чанго сагIаталъ. Журналисталго гIадин, гьанже модаялда ругел телеграм-каналал рачунел блогералги рукIана гьенир. Валлагь, гьабни кьезе бегьиларин абун, цониги суалги кьечIого течIо гьениб. Масала, къойилго...

Запись

ДАГЪИСТАН-КАЗАХСТАН: гьоркьорлъаби ва масъалаби

       Жакъа тIолабго дунялалъ халкколеб буго Казахстаналда кколел лъугьа-бахъиназда хадуб. Лъиданиги ракIалде кколеб букIинчIо, ватIаналъул экономикияб цебетIеялъулги цолъиялъулги мурадалда миллияв цевехъанасда сверухъ гъункараб ва захIмат бокьулеб Казах­станалъул халкъ гьединаб ахIвал-хIалалде ккелин абун. КантIичIо гьелде республикаялъул хасал хъулухъалъул вакилзабицин. Сунцаха цоцалъ базабураб жамгIият? Гьеб суалалъе жаваб жеги батичIо, за­маналдасан тарихчагIазги политологазги кьезе батила гьелъие...

Запись

Миллатчилъи цIикIкIана гIазизаб улкаялда

        23 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIана республикаялъул НКО­язул (коммерциялъул гурел гIуцIабазул) съезд.     Гьелда гIахьаллъана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул, гьединго сахлъи цIуниялъул, информациялъул министралги, батIи-батIиял районазда­са рачIарал хъулухъчагIиги, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулелги, ассоциациязул вакилзабиги.    Гьеб данделъиялда цадахъго жеги чанго батIияб дандеруссинги тIобитIана жамгIиял гIуцIабаз гьениб. Масала, гьелъул цоялда бицен ккана ахираб...

Запись

«Я хIалтIизе, яги хъулухъалдаса нахъе ине ккела»

Исана миллиял проектал кин рагIалде рахъунел ругелали бицана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас 9 ноябралда Дербенталда тIобитIараб данделъиялда. Гьеб букIана стратегия цебетIеялда ва проектал гIумруялде рахъинариялда бан ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Советалъул дан­делъи. Гьес бицана гьеб рахъалъ гIунгутIаби ругилан. Гьединлъидал лъа­забуна проектазул иш тIаде кколев хъулухъчи яги хIалтIизе, ялъуни хъулухъалдаса нахъе ине кколилан. Меликовас мисалалъе бачана...

Запись

ЕРалъул съезд: рищиязде хIадурлъи

     Гьал къоязда Москваялда тIобитIараб «Единая Россиялъул» съездалда гIахьаллъана Дагъистаналдаса 26 делегат. Аслияб куцалда гьениб бицана исана сентябралда рукIине ругел рищиязде кинаб хIадурлъи гьабулеб бугебали. Гьединго тасдикъ гьаруна щибаб регионалдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъиялде рихьизарурал кандидатазул сияхIал.    Дагъистаналъул сияхI гьадинаб буго: НурбахIанд НурбахIандов, Сайгидпаша ГIумаханов, Хизри Абакаров, Артем Бичаев, Бийсултан ХIамзаев, Мамед ГIабасов, Кубатай...

Запись

Нухалги, школалги, Гъамсукь росуги

        28 апрелалда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас жавабал кьуна дагъистаниязул суалазе. Лъабго сагIаталъ халат бахъараб эфиралдасан бицана къойилго гIадамазда дандчIвалел аслиял масъалабазул хIакъалъулъ.       Байбихьуда С. Меликовас бицана церегIанго къоязда Юждагъалде гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьес абуна гьеб сапаралъул хIасилалда жинда гIезегIан лъикI бичIчIанила республикаялда лъугьабахъунелъул хIакъикъат. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъулесда ракIалда буго цогидал бакIаздеги щвезе....