Жакъа тIолабго дунялалъ халкколеб буго Казахстаналда кколел лъугьа-бахъиназда хадуб. Лъиданиги ракIалде кколеб букIинчIо, ватIаналъул экономикияб цебетIеялъулги цолъиялъулги мурадалда миллияв цевехъанасда сверухъ гъункараб ва захIмат бокьулеб Казахстаналъул халкъ гьединаб ахIвал-хIалалде ккелин абун. КантIичIо гьелде республикаялъул хасал хъулухъалъул вакилзабицин. Сунцаха цоцалъ базабураб жамгIият? Гьеб суалалъе жаваб жеги батичIо, заманалдасан тарихчагIазги политологазги кьезе батила гьелъие...
