28 апрелалда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас жавабал кьуна дагъистаниязул суалазе. Лъабго сагIаталъ халат бахъараб эфиралдасан бицана къойилго гIадамазда дандчIвалел аслиял масъалабазул хIакъалъулъ. Байбихьуда С. Меликовас бицана церегIанго къоязда Юждагъалде гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьес абуна гьеб сапаралъул хIасилалда жинда гIезегIан лъикI бичIчIанила республикаялда лъугьабахъунелъул хIакъикъат. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъулесда ракIалда буго цогидал бакIаздеги щвезе....
