Запись

Сессия

38 гъуршицаги бер бахъиларо   Лъималазе кьолеб гIарцул къадар цIикIкIинабуна Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло ункъабилеб сессиялъул байбихьуда, гIадатлъун билълъухъе, фракциязул депутатаз гьарулел рукIарал кIалъаял гьаб нухалда гьаричIо. Гьединлъидал сессияги байбихьана гьоркьор лъезе росарал суалаздасан. Масала, тIоцебесеб суал букIана «Дагъистан Республикаялда патриотизм куцаялъул суалазул правовиял кьучIазул хIакъалъулъ» абураб. Аслияб куцалда гьениб пикру буссинабулеб буго дагъистаниязулъ...

Запись

Республикаялъул хIукуматалда

Нухалги къачIазе руго, гIадлуги букIине буго   Республикаялъул хIукуматалдаВладимир Васильев гIенеккана улкаялъул президентасде хитIаб гьабурал дагъистаниязухъ 27 июналда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас къабул гьаруна дагъистаниял.Гъизилюрт шагьаралда диализалъул центр рагьеян гьарулеб букIана Гъизилюрт районалдаса Шагьрурамазан ХIасановас. Гьелда бан ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ кьураб баяналда рекъон, Гъизилюрт шагьаралдаги Гъизилюрт районалдаги вуго ургьисалаби унтарав 34 чи. Гьединлъидал...

Запись

«Бермудазулаб гуреб» лъаббокIон

Кибе араб лъабго млн евро (20 млн гъуруш)?   ТIагIана миллионал Москваялъу­л тамашаяб «лъаббокIоналда»: Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул Москваялда бугеб бетIераб цIех-рехалъул управлениялъул ЦIияб Арбаталда бугеб минаялдаги къуваталъулал идарабазул пуланаб институталдаги – Москваялъул казначействоялдаги Сбербанкалъул «Вол­гоградский» абураб кассаялъул­гун инкассациялъул централдаги (КИЦ) (гьениб гьабулеб букIана ге­нетикияб экспертиза) гьоркьоб. Сбербанк му­кIурлъулеб гьечIо гьеб ишалъулъ жидеца «гъалатI» биччаялъе: абулеб...

Запись

Анкьил хIасилал

ЦIалдохъаби кIодо гьаруна   ГIолилаз бихьизабуна жидерго лъайги махщелги Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев данд­чIвана тIолгороссиялъул олимпиадабазул призерал ГIабдулкъадир Бучаевгун (математика), Замир ГIа­шурбеговгун (информатика), Му­хIамад МухIамадовгун (ОБЖ) (гьев ккола ЦIумада районалъул ТIин­ди росулъа), «ЧIагояб классика» кон­курсалда бергьарай Фатима Ми­кагIиловагун, гьезул учительзабигун ва эбел-эменгун. Республикаялъул нухмалъулес, цIал­дохъабазда бергьенлъиги баркулаго, абуна:— КIудияб баркала буго нужее камилаб...

Запись

ЧIагояб эфир

Халкъалъулгун ракIрагьараб накъит   Хамиз къоялъ улкаялъул президент Владимир Путиница 16-абилеб нухалдаги халкъалъул суалазе жавабал кьуна. Исана тадбир тIобитIана дагьаб батIияб хIалалда: видеобухьеналъул кумекалдалъун цо-цо суалазе жавабал кьезе тIамуна министрал, регионазул нухмалъулел, хIукуматалъул хIалтIухъаби. Улкаялъул президентас суалазе жавабал кьуна  4 сагIатгун 25 минуталъ. Гьеб араб куцалъул ва кIвар бугел цо-цо суалазе кьурал жавабазул хIакъалъулъ нужеда...

Запись

Анкьил хIасилал

Исана базе буго анлъго школа   ХIалтIи гьечIолъиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб 53-абилеб бакIалда букIараб республика 2015-2017 соназда бачIана 23-абилеб бакIалде Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас 28 маялда тIобитIараб данделъиялда бицана хIалтIулел бакIаздалъун гIадамал хьезариялъул хIакъалъулъ.— Ахираб лъабго соналда жаниб хIалтIи гьечIого хутIаразул къадар дагьлъана 284 азарго чиясдалъун. Жакъа къоялда бищун хIажатаблъун кколеб буго...

Запись

Сессия

Законалъ мухIкан гьабун гьечIо   Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло лъабабилеб сессиялда гьоркьоб лъуна 23 суал Халкъияб Собраниялъул председателас, гьоркьоб лъезе босун букIинчIониги, рахьдал мацIазул суалалда тIасан кIалъазе рагIи кьуна Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевасе. Хиз­ри ШихсагIидовас абухъе, гье­лъие гIиллаги букIана рахьдал ма­цIазда сверухъ гIемераб хабар тIи­битIизабулеб букIин.Депутатас баян кьуна «Лъайкьеялъул хIакъалъулъ РФялъул законалда хиса-басиял...

Запись

Халкъалъ кьела къимат

21 маялда Москваялда тIобитIана «Цогояб Россия» партиялъул «Направление 2026» абураб темаялда конференция Дагъистаналдаса конференциялда гIахьаллъана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель, партиялъул регионалияб отделениялъул секретарь, партиялъул генералияб советалъул член Хизри ШихсагIидов, партиялъул регионалияб отделениялъул секретарасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадов.Гьенир гьоркьор лъун рукIана Россиялъул президент Владимир Путинил «маялъул» указал гIумруялде рахъинариялъул ва...

Запись

ЦIияб хIукумат ва Владимир Путинил маялъул указ

Щиб цIияб жо бугеб нилъер жанисеб политикаялъулъ ва щиб букIине бегьулеб анлъго соналда жаниб?   ЦIияб хIукумат гIуцIулаго, Владимир Путиница гIезегIан хиса-басиял гьарилин хьул букIана. Киналго балагьун чIун рукIана, тIокIаб жо гьечIониги, цIияв премьер телин, амма нилъеда цIидасан тахида вихьана кIиабилев чи — Дмитрий Медведев. Коммунистазда, социалистазда ва национал-патриотазда (лево-патриотикияб къуват) ккун букIана Путиница Павел...

Запись

Бадиб магIу хулараб рохалил байрам

Киданиги кIоченаро нилъее гIоло гIумру кьуралги жакъа чIаго ругелги рагъул гIахьалчагIи   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гьеб къоялъ щвана щивав рагъул гIахьалчиясда аскIове, кверги бачун, баркана Бергьенлъиялъул байрам. Хадуб байбихьана рохалилаб митингги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес, Халкъияб Собраниялъул депутатаз ва республикаялъул хIукуматалъул, МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулез, рагъул гIахьалчагIаз, студентаз, школлъималаз, гIолилазул...