ЦIалдани – бажарула Исана экзамен кьезе буго 12 азарго цIалдохъанас Рособрнадзоралъул нухмалъулес Дагъистаналда тIобитIана иргадулаб данделъи. Гьеб нухда бачарав ДРялъул бетIер Владимир Васильевас абуна ахирал соназда ЕГЭ кьеялъул къагIида мухIкан гьабиялда бан, Дагъистаналъул цIалдохъабаз лъикIал хIасилал рихьизарулел ругин. Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовас ракIалдещвезабуна ЕГЭялда букIараб ришватчилъи тIагIинабиялдалъун ккараб хIасилги. «Дун щола батIи-батIиял регионазде ва гьенибги...
Метер магIарул мацI хвезе батани…
Умумузул ирсалъул ахирисеб хъала Россиялъул чанго регионалда хъвана магIарул мацIалъул диктант Диктант тIобитIизе ракIалде ккана «Аварал» абураб жамгIияб гIуцIиялда. Гьелъие кумекалъе рахъана МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциацияги ДРялъул Хъвадарухъабазул союзги. Диктанталъул аслияб мурад букIана рахьдал мацI машгьурлъизаби, гьелде рокьи куцай, умумузул ирсалъул адаб гьаби. ТIобитIана магIарул мацIалъул диктант анлъабилеб апрелалда МахIачхъала, Москва, Санкт-Петербург ва Южно-Сахалинск...
Республикаялъул гIумру
Хасавюрталъул масъала – федералияб нухмалъиялъул берзукь Дагъистаналде ячIана Роспотребнадзоралъул бетIер, Россиялъул бетIерай санитарияй тохтур Анна Попова Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасги Анна Поповалъги тIобитIана данделъи. Гьелда бицана Хасавюрталда бакьазул инфекция ккеялъулги гьелде дандечIеялъул мурадалда гIуцIарал тадбиразулги хIакъалъулъ.ГьабсагIаталда Хасавюрталда бугеб хIалалъул хIакъалъулъги бицун, В. Васильевас баркала кьуна ДРялъул премьер-министр Артем Здуновасеги гьесул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулеб букIараб...
Рагьараб гара-чIвари
Критикаялъеги бакI камуларо ДРялъул бетIерасул ХитIабалда тIасан пикраби загьир гьаруна республикаялъул СМИязул журналистаз Гьелда бан, данделъи гIуцIана ДРялъул Журналистазул союзалъ. Гьеб нухда бачана ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас. Гьенире рачIун рукIана ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъулги, ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул министерствоялъулги, муниципалитетазулги, батIи-батIиял газетазулгун электрониял СМИязулги вакилзаби.«Кинавго чи разияб иш букIунаро. Гьединлъидал жакъа...
БукIинеселде ишангун
20 марталда Дагъистаналъул бетIерас Халкъияб Собраниялде ХитIаб гьабуна «РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалдаги «маялъул указаздаги» чIванкъотIун рихьизарун руго нилъеда церечIарал масъалаби. Гьел тIуразаризе нилъеда тIадабги буго», — янги абун, байбихьана ДРялъул бетIерас ХитIаб. «Дир Дагъистан» Рехсараб цIаралда гъоркь тIобитIараб кадрабазул къецалдаса рази вукIинги загьир гьабуна ДРялъул бетIерас. «Россиялъул президентасул администрациягун цадахъ...
Пашманаб лъугьа-бахъин
Сунде хIадур рукIине ккелел? Дунялалъул батIи-батIиял улкабазда гIемерлъулел руго Дин-Авеню абураб мажгиталда чIвана 41 бусурманчи ва Линвуд абураб мажгиталда – микьгояв. Лъукъана 50-яв. ЧIвадарухъан, Австралиялда гьавурав 28 сон барав Брентон Таррант, вачIана мажгиталде ва гьабуна гьеб вахIшияб иш. Дихъа бажаричIо ЦIияб Зеландиялъул Крайсчерч шагьаралда ккараб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ бахъараб видеоялъухъ ахиралде щвезегIан балагьун – гьедигIанги...
Марталда къараб школа
Судалъул хIукмуялдалъун къана Ингердахъ росдал гьоркьохъеб школа ЦIалул соналъул бакьулъ ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росдал гьоркьохъеб школа къана. Школалда цIалулев вуго 130-гIанасев цIалдохъан. Гьеб къаялъе гIиллалъунги ккана чIабаралда, ай гIодоб кьабураб хъорщода гъоркь сахлъиялъе заралияб ккал (грибок) бати. Гьеб суал тIубазегIан, судалъул хIукмуялда рекъон, школа заманаялъ къалеб буго. Школа къаялъул хIакъалъулъ гIатIидго хъвазе буго хадусеб...
ДРялъул хIукуматалда
Щибаб гъуруш берда гъоркь Артём Здунов: «Нилъер букIине ккола гIарац харж гьабиялъул рахъалъ мухIканаб къагIида» 13 марталда ДРялъул премьер-министр Артём Здуновас тIобитIараб данделъиялда бицана, республикаялъул бюджеталдаса гIарацги харж гьабун, ралел ругел бакIазул хIакъалъулъ. Цебелъураб масъалаялъул кIудияб кIвар букIиналъул хIакъалъулъ бицунаго, Артем Здуновас гьадин абуна: «Исана нилъер буго инвестициязулаб республикаялъул кIудияб программа. Гьанже ургъизе ккола, чIезабураб...
Азербайжаналде сапар
Дагъистаналъул парламенталъул вакилзаби ун рукIана Бакуялде Парламенталъул вакилзабазда гьоркьор рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, вице-спикер Камил Давдиев, лъайкьеялъул, гIелмуялъул, маданияталъул, гIолилазул ишазул, спорталъул ва туризмалъул комитеталъул председатель Мурад Пайзулаев ва цогидалги.Гьеб сапар гьабуна ДРялъул Халкъияб Собраниялда ва Азербайжан республикаялъул Милли-Мажлисалда гьоркьоб цадахъ рекъон хIалтIиялъул рахъалъ гьабураб къотIиялда бан.Дагъистаналъул делегациялъ тIугьдул лъуна ГIазиз...
Халкъалъ халкъалъе бараб
БокьунгутIи гуреб, бегьунгутIи гьечIебха 20 февралалда баянлъана, 2019 соналда ОМСалъ гIарац биччачIолъиялдалъун, МахIачхъала шагьаралъул №3 клиникияб больница къалеб букIин. ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяналда рекъон, гIарац биччан буго гIицIго тIадегIанал технологиялъул операциял гьарулел жалго бетIергьанал чагIазул лъабго медучреждениялъе. Рехсараб больницаялъулин абуни гьечIо гьединал операциял тIоритIизе ихтияр кьолеб лицензия. Гьединлъидал больницаялъул нухмалъиялда лъазабун букIун буго, гIадамаз...