Запись

РацIцIалъи – сахлъиялъул бетIер

Дагъистаниял рищни-къул батIа гьабизе ругьунлъизе руго   2019 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе рищни-къул (ТКО) баччиялъул рахъалъ гьарурал хиса-басиязул хIасилалда, гьеб хъулухъа-лъухъ гIарац кьеялъул къагIидаги хисизабуна. «Рищнидул реформаялда» рекъон, гIадамал ругьунлъизе ккола рищни-къул батIа гьабиялъул цIияб къагIидаялде. Дагъистаналдаги ункъо батIияб регионалиял операторлъиялъул фирмаби хIалтIизе байбихьана.Рищни баччиялъул хъулухъал гьарулел бакIазда гьоркьор руго республикаялъул киналго районалги. Рищни баччулел...

Запись

Ленинкенталда — теплица

«Агромир» комплекс рагьиялъул тадбиралда бицана гIезаризе ругел нигIматазул   Ленинкенталда теплицабазул комплекс рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъарав ДРялъул бетIер Владимир Васильевас бицана нигIматал цIуни, къачIай, гьеб цIунулеб къвачIа гьаби кколин цIакъ кIвар бугеб хIалтIиян. Ва росдал магIишаталъул хIалтIухъабазе гьарана лъикIаб бачIин.«Агромир» ОООялъул директорзабазул советалъул вакил Тарлан Абукаровас бицана теплицаялъул комплекс бан бугин ичIго гектаралда. «Европея» компаниязул къокъаялъ...

Запись

20 канал бихьила

«НТВ-ПЛЮСалъулгун» къотIи гьабуна Дагьал церегIан къоязда Сочиялда тIобитIараб тIол­го­рос­сиялъулаб инвестициязулаб фо­румалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас, 10 кIудияб проект гIумруялде бахъинабия­лъул мурадалда, къотIаби хъвана. Масала, «НТВ-ПЛЮС» ООО­ялъул генералияй директор Наталья Горбуновалъулгун гьабуна къотIи-къай. Гьелда рекъон, дагъистаниязе чIобого биччазе буго тарихазулаб спутникалъул телевидение.«2009-2018 соназда РФялда телерадиовещание цебетIезаби» абураб федералияб программаялда рекъон, регионалда бан лъугIун буго тарихазулаб эфиралъулаб...

Запись

ГIадамазе шартIал гIуцIи ва сахлъи цIуни — цебесеб бакIалда

Россиялъул президентасул Федералияб Собраниялде хитIаб   «Нилъеда цебечIараб масъала ккола социалиябгун экономикияб рахъалъ халкъ цебетIезаби. Гьединлъидал, коммунизм тIаде щвезегIан балагьун чIечIого, хIаракат ба­хъи­­зе ккола гIадамазул гIумру лъикI­лъизабизе. Гьебги гьабун бажарула улкаялъул хIукуматалъ къабул гьарурал проектал гIумруялде рахъинаруни», — янги абун, Владимир Путиница мухIканго рехсана церечIарал масъалаби. Лъимал ва хъизан Гьезда гьоркьоса бищунго аслияллъун гьес рикIкIана...

Запись

Пачалихъияб Совет

РагIаллъабаздаги гIуцIизе ккола шартIал   Татарстаналда тIобитIараб РФялъул Пачалихъияб Советалъул данделъи нухда бачана улкаялъул президент Владимир Путиница ДРялъул бетIер Владимир Васильевасги гIахьаллъи гьабураб гьеб тадбир тIобитIана Татарстаналъул Иннаполис шагьаралда. Гьеб ккола гIолохъанаб шагьар, ай лъабго соналъ цебе бараб. Гьебги бан буго Сингапуралъул архитектор Лиу Тай Керил проекталда рекъон. Гьениб гIумру гьабулеб буго 3200 чияс. Данделъиялда...

Запись

Мадугьалгун гьуинго лъикI

Дагъистаналъул вакилзаби щвана Чачан Республикаялде   Данделъи байбихьулаго, кIиябго республикаялъул вакилзабаз гъолбасана парламентазул цадахъаб хIалтIул хIакъалъулъ къотIиялда. «Гьеб къотIиялъ жеги щулалъизабизе буго кIиябго парламенаталъул гьудуллъи», — ян абуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовас.«Чачаналдаги Дагъистаналдаги гьоркьор киданиги рукIинчIо цоцазда ричIчIунгутIиялъул хIужаби. Буго чIезабураб болжал ва нилъеца тIубазе буго цебелъураб масъала», — ян абуна ЧРялъул парламенталъул...

Запись

Хиса-баси

Тахшагьаралъул цIияв бетIер Мэрасда цIар чIвана Тахшагьаралъул мэрасул хъулухъа­лъе гIоло къеркьолев вукIана 40 чи. Гьезда гьоркьоса ункъояс, рищиязул заман тIаде щвелалдего, кандидатура нахъе бахъана, кIигояс инкар гьабуна комиссиялда цебе кIалъаял гьарун хадуб ва кIигояв вачIинего вачIинчIо рищизул комиссиялде жидерго программабигун. Щивав кандидатасулгун гара-чIвариялги гьаруна комиссиялъул гIахьалчагIаз. Гьел тадбиразул хIасилалда, къецалда гIахьаллъизе ихтияр щвана лъабго кандидатасе:...

Запись

Данделъи

Миллияб политикаялъул масъалаби   ДРялъул хIукуматалъул пред­­се­дателас тIобитIараб дан­делъиялда бицана, пачали­хъияб миллияб политика гIум­руялде бахъинабулаго гьа­­рулел ругел хIалтIабазул хIа­­къа­лъулъ.Гьеб рахъалъ гьабулеб хIал­­тIул хIакъалъулъ бицана ДРя­лъул миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министр Татьяна Гамалейица. Гье­лъул бая­назда рекъон, 2013-2014 со­назда министерствоялъ муниципалитетазулгун къотIаби гьаруна миллиял бухьенал щулалъизариялъул хIакъалъулъ. Гьезда рекъон, 29 муниципалияб гIуцIиялдаги шагьаразул округаздаги хIа­ду­­рун руго муниципалия­л...

Запись

Анкьил хIасилал

КъватIисезул бакIалда — нилъералго Росдал магIишаталъе хIажатал хьонал Дагъистаналдаго гIезаризе руго 29 январалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIа­раб данделъиялда гIахьаллъана «Овощал гIезариялъул федералияб гIелмияб центр» абураб федералияб пачалихъияб гIелмияб идараялъул директор Алексей Солдатенко.Республика цебетIезабулеб асли­­яб нухлъун Васильевас рехса­на Дагъистаналъул нухмалъия­лъул­ги, гIалимзабазулги, рос­­­дал магIишаталъул махщелчагIа­зу­­л­­ги цадахъаб хIаракат. «Цадахъаб хIа­ракаталдалъун рес щола ругел шартIаздаса цIикIкIун пайда босизе....

Запись

Анкьил хIасилалХалкъияб магIишат

Миллиял проектазе — 17 миллиард гъуруш Республикаялда микьго завод базе ракIалда буго 22 январалда, ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда «РФялъул пачалихъияб федералияб программа ва миллиял проектал гIумруялде рахъинаризе Дагъистаналъе субсидиял риччаялъе гIоло республикаялъул исполнительнияб власталъул гIуцIабаз федералиял гIуцIабазулгун къотIи-къай гьабиялъул хIакъалъулъ» абураб суал гьоркьоб лъун букIана.Гьеб программаялъул хIакъалъулъ бицун кIалъана ДРялъул хIукуматалъул...