А. Степанов: «Дун чияр чи гуро» Гьал къоязда Дагъистаналде вачIун вукIана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Игорь Рабков. Гьесул гIахьаллъигун тIобитIараб ДРялъул хIукуматалъул министразулги ведомствабазулгун низам цIунулел идарабазул нухмалъулезул цадахъаб данделъиялда гьес бицана, 20 августалдаса нахъе СКФОялда бугеб РФялъул президентасул вакиллъиялъул Дагъистаналъул рахъалъ федералияв инспекторлъун Александр Степанов тIамунин абун.ЦIияв федералияв инспекторасул хIакъалъулъ гьадин абуна...
Рощнохъги гIарац кьола
Халкъалъе гIоло хIалтIулезе гIуцIизе руго киналго шартIал Данделъи рагьулеб мехалда, ДРялъул бетIер Владимир Васильевас абуна жакъа гьоркьоб лъезе бугин киназулго рахIат хвезабулеб суал. «Жакъа киса-кибего бицунеб буго рощнол хIакъалъулъ. Дагъистаналдаги гьеб ккола аслиял суалазул цояблъун. Нилъер буго туризм цебетIезабизе рес, нилъ чIухIула бацIцIадаб лъимги гьаваги бугин, амма гIемерал соназ рощнол суал хутIана тIубачIого. Данделъиялде...
«Машук — 2019»
ЦIиял гьудулзаби, цIиял ишал Пятигорскалда унеб бугеб Северияб Кавказалъул гIолилазул «Машук- 2019» форумалда гIахьаллъана Дагъистаналъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновги. Цогидал регионазул премьер-министралгун цадахъ гьев дандчIвана гIолилалгун, щвана миллиял майданазде. Дагъистаналъул вакилзабаз гьалбадерида рихьизаруна халкъиял устарзабаз гьарурал гIарцул, хIатIул, цIулал тIагIелал, халичаби, цIарагI ва цогидабги. Артем Здунов дандчIвана Дагъистаналъул гIолилалгун. Гьез республикаялъул хIукуматалъул бетIерасе бицана жидерго...
ЦIолбохъанлъи цебетIеялъе нухал
Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда бицана бюджеталъул гIарац харж гьабиялъул хIакъалъулъ Иргадулаб данделъиялда аслиял суалазул цояблъун букIана цIолбол бачIин бакIари. Гьелъул хIакъалъулъ бицана республикаялъул росдал магIишаталъул министр Абзагьир ХIусеновас. ЦIолбохъанлъи цебетIезабиялъе исана харж гьабизе буго 500 млн гъурущ. Жакъа къоялде пачалихъалъул кумек щун буго республикаялъул 66 магIишаталъе. Исана тIадеги 900 гаялда чIезе буго...
Машук-2019
Дагъистаналъул бетIер гIолилалгун дандчIвана Талат къоялда Пятигорскалда байбихьана Северияб Кавказалъул гIолилазул форум «Машук- 2019». Гьениб гIахьаллъулеб буго Дагъистаналдаса гIолилазул къокъаги. Гьел дандчIвазе руго СКФОялъул субъектазул нухмалъулелгун.Тадбиралда гIахьаллъана Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевги. Гьев дандчIвана Дагъистаналдаса гIолилалгун, бицана лъайкьеялъулги, сахлъицIуниялъулги, культураялъулги, батIи-батIиял проектазулги хIакъалъулъ. Гьениб гIолилаз бицине буго жидерго проектазулги, гьел гIумруялде рахъинариялъе гьаризе ругел хIалтIабазулги...
Масъалаби гIемер руго
13 августалда Дагъистаналъул хIукуматалъул данделъи тIобитIана ДРялъул бетIерас ДРялъул Халкъияб Собраниялде гьабураб хитIабалъул хIасилалда республикаялъ хIадурун букIана хасаб план. Гьелъул 105-абилеб пункталда бицунеб буго регионалъул нухмалъулес кьун рукIарал тIадкъаял ва гьел тIуразаризелъун тIадал тадбиразул хIакъалъулъ. Гьеб планалда рекъон гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана 13 августаалда ДРялъул хIукуматалъул председатель Артём Здуновасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда.Артём Здуновас...
Анкьил хIасилал
Социалияб рахъ цебетIеялъе 18,5 млрд Дагъистаналда 10 миллияб проект гIумруялде бахъинабулеб буго Анкьабилеб августалда ДРялъул ХIукуматалъул председатель Артем Здуновас республикаялда гIумруялде рахъинарулел ругел проектазул хIакъалъулъ бицунеб ДРялъул бетIерасда цебе бугеб советалъул данделъи тIобитIана. Гьенир гьоркьор лъун рукIана миллиял проектал. Артем Здуновас ракIалдещвезабуна 12 миллияб проекталъул анцIгоялъулъ гIахьаллъи гьабулеб бугин исана Дагъистаналъ. Гьел проектал гIумруялде...
Шагьаралъул къватIалцин ричун ратана
Дербент шагьар цебетIезабизе бокьун буго 10 улкаялдаса 64 компаниялъе ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь гIуцIун букIана халкъазда гьоркьосеб рагьараб къецалъул жюриялъул тIоцебесеб данделъи. Гьениб халгьабуна къецалде ритIун рачIарал мастер-планазул ва тIасарищана бищунго лъикIал. Мастер-планалъул буго кIудияб кIвар. Гьелда рекъон цебетIезабизе буго Дербент шагьаралъул социалиябгун экономикияб рахъ. Къецалъул хIасилал гьаризе руго ноябралда.Жюриялде хитIаб гьабулаго,...
АхIи-хIуралъ лъикIалде рачунаро
Москваялдагун Санкт-Петербургалда митингал ва МахIачхъалаялда пикет Ахирисеб нухалда Москваялда митинг букIана 20 июлалда: Сахаровасул цIаралда бугеб проспекталде вачIун вукIана 20 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Абулеб буго, Сахаровасул проспекталде рачIарал гIадамал рази гьечIин Москва шагьаралъул думаялде кандидатал рищиялъул мурадалда тадбирал хIадурулаго, кандидатлъиялъе документал кьурал гIадамазул хъвай-хъвагIай гьабунгутIиялдаса. Бицунеб буго, рищиязул комиссиялъ рищиязда гIахьаллъизе ихтияр кьечIел кандидатазул...
Хасаб пикру
Якъинаб ахирищ яги… Юнус-Бег Евкуров хъулухъалдаса ана Ингушетиялъул бетIерас лъазабуна, жив хъулухъалдаса нахъе унев вугин абун. Ингушетиялде чанцIулго щварал нижеда, экспертаздагун жамгIиятчагIазда, лъалаан кида-къадги гьедин букIине бугеблъи. Щайгурелъул Ингушетиялъул халкъалъ кинго къабул гьабичIо Чачаналъулгун гIорхъода ругел ракьазул рахъалъ гьесгьабураб хIукму. Дица гьединаб хIасил гьабуна ингушазул тухумазул советалъул хIукмуялъул кьучIалда. Рехсараб советалда гъорлъе уна 53 тухумалъул...