Запись

ЛъагIалил ахиралде – кIиго хIавуз

«Дир Дагъистан – шагьаралъул санагIалъи бугеб сверухълъи» проекталда рекъон гьабулеб хIалтIи   22 октябралда, ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов щвана Гъизляр шагьаралде, «Дир Дагъистан – шагьаралъул санагIалъи бугеб сверухълъи» абураб проекталда рекъон гьарулел ругел хIалтIабазухъ халгьабизе. Шагьаралда къачIалел ругел жамгIиял бакIазул, лъим бачиналъул ва цогидалги хIалтIабазул халгьабиязулъ гьевгун цадахъ гIахьаллъана Дагъистаналда вугев...

Запись

Халгьабиял тIоритIулел руго

Миллиял проектал гIумруялде рахъинариялда бараб буго гIадамазул гIумру лъикIлъи   Дагьал церегIан къоязда, Ма­хIач­хъалаялда, «Журавли» гIелмиябгун сахлъи щула гьабиялъул комплексалда тIобитIана «Миллиял проектал гIумруялде рахъинариялъул мониторинг» абураб РФялъул халгьабиялъул гIуцIабазул нухмалъулезул данделъи. Гьенир гIахьаллъана РФя­лъул ХIисабалъулаб палатая­лъул аудитор Дмитрий Зайцев, РФя­лъул ХIисабалъулаб палатаялъул аппараталъул нухмалъулесул заместитель Евгений Лисютин, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, ДРялъул...

Запись

Анкьил хIасилал

В. Васильев: «ГIадада хвезабизе гIарац гьечIо»   15 октябралда тIобитIана пачалихъиял ва муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул данделъи ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана федералиял ва республикаялъулал программабазда рекъон, регионалда ралел ругел социалиял ва коммуналиял бакIал раялъе гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. ДРялъул экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министр ХIажи СултIановас бицана 2019 соналда гIарац биччан...

Запись

Такъсир ва тамихI

Терроризмалъул миллат букIунаро 8 октябралда Россиялъул ФСБялъул директор Александр Бортниковасул ДРялъул бетIер Владимир Васильев гIахьаллъана НАКа­лъул председатель, Россия­лъул ФСБялъул директор Алек­сандр Бортниковасул нухма­лъиялда гъоркь Пятигорскалда тIобитIа­раб данделъиялда.Гьениб А. Бортниковас бицана исана соналда жаниб терроризмалда хурхараб 15 такъсир тIатинабизе кIванин ва 30 гIуцIиги тIагIинабунин. НАКалъул нухмалъулес данделъаразул кIварбуссинабуна те­рроризмалдаса цIунизе ккани, гьелъул идеологиялде данде­чIолел хIалтIаби гьаризе...

Запись

«Меседилаб хасалихълъи – 2019»

ГIураб къадар нилъеегоги тун… Москваялда тIобитIулеб буго халкъазда гьоркьосеб агропромышленнияб форум ва «Меседилаб хасалихълъи — 2019» абураб выставка. Форумалда тIобитIараб сессиялда гIахьаллъана ДРя­лъул вице-премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги ДРялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министр Абзагьир ХIусеновги. Данделъиялда бицана дунялалъулго рынокалда Россиялъул нигIматал ричиялъул ругел ресал лъикIлъизариялъул хIакъалъулъ. Экспертазул хIиса­базда рекъон, Россиялъул рахъалдаса дунялалъулго рынокалда тIабигIиял нигIматазул 10...

Запись

Цоцазул адаб гьабизе ккола

Сочиялда тIобитIана «Валдай» клубалъул данделъи   «Валдай» клубалъул данделъи тIобитIана «Россия ва исламияб дунял: кIиялъулго кIвар ва цоцазде тIадецуй гьаби» абураб темаялда. Гьеб букIана клубалъул гIахьалчагIазул XVI дандчIвай. Гьенив вукIана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги. Данделъиялда бицана Россиялъулги исламияб дунялалъулги ругел бухьеназул хIакъалъулъ. Данделъиялдаса хадуб ДРялъул бетIерас жавабал кьуна «Россия 24» телеканалалъул журналистасул суалазе. Масала, гьес...

Запись

Дин батIиял, ватIан цоял

АхIмад-хIажи ГIабдуллаев: «Мажгиталги килисабиги рукIинчIелани, Дагъистаналда жакъа гIадинаб гIодобе биччараб гIумру букIинароан»   «2018-2020 соназда ДРялда терроризмалъул идеологиялде данде хIалтIи гьаби» абураб программаялда рекъон, гIолилазул форум тIобитIана республикаялда. Гьелъул аслияб масъалаги ккола ватIаналде бугеб рокьи загьир гьаби, экстремизмалъул идеологиялде данде къеркьей. Форумалда гIахьаллъана Северияб Кавказалъул республикабаздаса ва цогидал регионаздаса вачIарав 150-гIанасев гIолилав. Гьебин абуни гIуцIун...

Запись

ЛъикIаб гIумруялде хьул

Сакъатазе бигьалъаби гьаризе ресал ратулел руго   25-26 сентябралда МахIачхъа­лаялда тIобитIана сакъатал ва сах­лъиялъул рахъалъ гIунгутIаби ру­гел гIадамазда (ОВЗ) гьоркьоб «Аби­лимпикс» абураб цIаралда гъоркь республикаялъулаб III фестиваль. ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоя­лъул гIолилал хIалтIудалъун хье­­за­риялъул «Успех» республикая­лъулаб централъул (РМЦЗ) нухма­лъулев Шамил МухIамадовас бицана «Абилимпикс» тIобитIиялъул ва исана гьелде гьабураб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. «Абилимпикс» ккола ресаздаса...

Запись

Шапакъат кьуна

Гьал къоязда 60 сон тIубана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевас   Шапакъат кьунаГьал къоязда 60 сон тIубана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевас Гьеб рохалилаб къоялда бан, ДРялъул бетIер Владимир Васильевас гьесие сайгъат гьабуна «Халкъазда гьоркьосел хъачагъал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубаялде» абураб медаль. Медаль муфтиясе кьуна Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо кIодо гьабулеб къоялъ. Республикаялъул нухмалъулес...

Запись

В. Путин: «Нужеца хъачагъазда бихьизабуна халкъ гьелгун цадахъ гьечIеблъи»

12 сентябралда РФялъул президент Владимир Путин вачIана Дагъистаналде   Улкаялъул президент республикаялде вачIана халкъазда гьоркьосел террористал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубай кIодо гьабиялъул хIурматалда. Гьелда дандеккана Дагъистаналъул халкъазул цолъия­лъул къоялъул байрамги. МахIачхъалаялъул аэропорталдасанго Владимир Путин Болъихъе ана ва КIудияб ВатIанияб рагъда, Афгъанистаналда, 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористаздаса ватIан цIунулаго хваразе бараб памятникалда цере тIугьдулги лъуна....