Запись

ДАГЪИСТАН-КАЗАХСТАН: гьоркьорлъаби ва масъалаби

       Жакъа тIолабго дунялалъ халкколеб буго Казахстаналда кколел лъугьа-бахъиназда хадуб. Лъиданиги ракIалде кколеб букIинчIо, ватIаналъул экономикияб цебетIеялъулги цолъиялъулги мурадалда миллияв цевехъанасда сверухъ гъункараб ва захIмат бокьулеб Казах­станалъул халкъ гьединаб ахIвал-хIалалде ккелин абун. КантIичIо гьелде республикаялъул хасал хъулухъалъул вакилзабицин. Сунцаха цоцалъ базабураб жамгIият? Гьеб суалалъе жаваб жеги батичIо, за­маналдасан тарихчагIазги политологазги кьезе батила гьелъие...

Запись

Миллатчилъи цIикIкIана гIазизаб улкаялда

        23 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIана республикаялъул НКО­язул (коммерциялъул гурел гIуцIабазул) съезд.     Гьелда гIахьаллъана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул, гьединго сахлъи цIуниялъул, информациялъул министралги, батIи-батIиял районазда­са рачIарал хъулухъчагIиги, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулелги, ассоциациязул вакилзабиги.    Гьеб данделъиялда цадахъго жеги чанго батIияб дандеруссинги тIобитIана жамгIиял гIуцIабаз гьениб. Масала, гьелъул цоялда бицен ккана ахираб...

Запись

«Я хIалтIизе, яги хъулухъалдаса нахъе ине ккела»

Исана миллиял проектал кин рагIалде рахъунел ругелали бицана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас 9 ноябралда Дербенталда тIобитIараб данделъиялда. Гьеб букIана стратегия цебетIеялда ва проектал гIумруялде рахъинариялда бан ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Советалъул дан­делъи. Гьес бицана гьеб рахъалъ гIунгутIаби ругилан. Гьединлъидал лъа­забуна проектазул иш тIаде кколев хъулухъчи яги хIалтIизе, ялъуни хъулухъалдаса нахъе ине кколилан. Меликовас мисалалъе бачана...

Запись

ЕРалъул съезд: рищиязде хIадурлъи

     Гьал къоязда Москваялда тIобитIараб «Единая Россиялъул» съездалда гIахьаллъана Дагъистаналдаса 26 делегат. Аслияб куцалда гьениб бицана исана сентябралда рукIине ругел рищиязде кинаб хIадурлъи гьабулеб бугебали. Гьединго тасдикъ гьаруна щибаб регионалдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъиялде рихьизарурал кандидатазул сияхIал.    Дагъистаналъул сияхI гьадинаб буго: НурбахIанд НурбахIандов, Сайгидпаша ГIумаханов, Хизри Абакаров, Артем Бичаев, Бийсултан ХIамзаев, Мамед ГIабасов, Кубатай...

Запись

Нухалги, школалги, Гъамсукь росуги

        28 апрелалда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас жавабал кьуна дагъистаниязул суалазе. Лъабго сагIаталъ халат бахъараб эфиралдасан бицана къойилго гIадамазда дандчIвалел аслиял масъалабазул хIакъалъулъ.       Байбихьуда С. Меликовас бицана церегIанго къоязда Юждагъалде гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьес абуна гьеб сапаралъул хIасилалда жинда гIезегIан лъикI бичIчIанила республикаялда лъугьабахъунелъул хIакъикъат. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъулесда ракIалда буго цогидал бакIаздеги щвезе....

Запись

Мугьажирзабазул къисмат — дипломатасул рекIелъ

   10 февраль Россиялда рикIкIуна дипломатиялъул хIалтIухъанасул къолъун. Гьелда бан нижеца гара-чIвари гьабуна Россиялъул МИДалъул МахIачхъалаялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулев ГIамирхан МухIамаддадаевасулгун. Россиялъул МИДалъул вакиллъи МахIачхъалаялда рагьана 1997 соналъул 12 февралалда. Улкаялда гьединаб вакиллъи 37 буго. Гьел рагьана цогидал пачалихъазулгун гIорхъаби ругел субъектазда. Масала, нилъер республикаялъул гIорхъи буго Грузиялъулгун, Азербайжаналъулгун, Казахстаналъулгун, Туркмениялъулгун, Ираналъулгун.      Нижер...

Запись

ГIарзалги, гIузрабиги, букIинеселде хьулалги

27 февралалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда кIвар буссинабизе бегьулел суалазул цояб букIана ДРялъул омбудсмен Жамал ГIалиевасул кIалъай.    Гьединго сессиялда гIахьаллъи гьабичIо республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевасги.  Сессия рагьана ва бачана тIоцевесев вице-спикер Сайгид­ахI­мад АхIмадовас. 2019 соналда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверухъ Дагъистаналда гьабураб хIалтIул бицине рагIи кьуна омбудсмен Жамал ГIалиевасе. Гьесул кIалъай букIана мухI­канаб, тарихаздалъун...

Запись

Рамзан вачIинчIониги гIураб чIаголъи букIана…

5-6 декабралда МахIачхъалаялда тIобитIана Северияб Кавказалда ругел СМИязул анкьабилеб форум. Щибаб нухалда гьеб цо-цо республикаялда гьабула. Гъоркьисала букIана Грозныялда.   ГIадат буго гьенире РФялъул президентас СКФОялда тарав официалияв вакилги республикабазул нухмалъулелги рачIунеб. Гьаб нухалда киназулго кIалдиб букIана гьезда гьоркьоса ЧРялъул нухмалъулев Рамзан Къадиров вачIинчIин абураб хабарги. Кин батаниги, форум тIобитIана. СКФОялда президентас тарав вакил Александр Матовниковги...

Запись

«Рокъовго чIоларев» депутатги ХIасанхIусеновазул суалги

28 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул 40-абилеб сессия. Гьенир рорхарал цо-цо суалал гьадинал рукIана.     Депутатас депутатал «инжит гьари»     Санкт-Петербургалда бизнес бугев Марат Асланов абулев депутатас гъегъ бана жиндиргун пишацоязде. ЦIилъи чIвазе, церетIезе къваригIун бугила нилъее, амма гьеб киндила нилъехаъ бажарилеб, гьале гьаб площадалда кидаго цого чагIи цого бакI мерхьунел толел...

Запись

40 проценталъ цIикIкIана

БацIцIадго бизнес гьабулезе кумек гьабизе рагIи кьуна   23 октябралда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас машинабазе хIажатаб цIатаригун нах бичулел предприятияздаса ДРялъул бюджеталде рачIунел налогазул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана.Гьенир гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов, министерствабазул нухмалъулел, АЗСазул бетIергьаби, рукъа­лъул мебель ва хьитал гьарулел предприятиязул вакилзаби. Данделъиялда «Машинабазул цIатаригун нах бичулел пишабазулъ закониял гурел ишазде дандекъеркьеялъе...