Запись

Гьалбал хириял гIадамазул ватIан

Данделъиялда бицана республикаялда туризм цебетIезабизе ва курортазул фонд цIигьабизе ккеялъул   Туризм цебетIезабизе рес кьолеб нух хIисабалда ДРялъул бетIер В. Васильевас рехсана бугеб инфраструктураялдаса пайда боси, хасго хасел ихалъ ва их рииялъ хисулеб заманалда. «Дагъистаналъул рес буго, гIемераб гIарац харж гьабичIого, туризм цебетIезабизе. Масала, дагьалъ цере республикаялде рачIун рукIана Пачалихъияб Думаялъулги Тверь шагьаралъулги вакилзаби. Гьел...

Запись

ХIужаби ва тарихал

Россиялъул мискинзаби Язихъазул къадар – 19 миллион чи РФялъул Пачалихъияб Думаялда кIалъалаго, хIукуматалъул нухма-лъулев Дмитрий Медведевас баян кьуна гьабсагIаталда улкаялда вугин гIумру гьабиялъе чара гьечIого хIажалъулеб къадаралда гIарац щоларев 19 миллион чи. Гьелъул магIнаги ккола тIабигIиял сурсатаздалъунги магIданаздалъунги, ай сундулго ра-хъалъан бечедаб улкаялда гьеди-гIанасеб къадар гIадамазул язихълъиялда бугин абураб. Премьер-министрас бицухъе, мискинлъиялде данде къеркьеялъул мурадалда...

Запись

ЕГЭ

ЦIалдани – бажарула Исана экзамен кьезе буго 12 азарго цIалдохъанас Рособрнадзоралъул нухмалъулес Дагъистаналда тIобитIана иргадулаб данделъи. Гьеб нухда бачарав ДРялъул бетIер Владимир Васильевас абуна ахирал соназда ЕГЭ кьеялъул къагIида мухIкан гьабиялда бан, Дагъистаналъул цIалдохъабаз лъикIал хIасилал рихьизарулел ругин. Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовас ракIалдещвезабуна ЕГЭялда букIараб ришватчилъи тIагIинабиялдалъун ккараб хIасилги. «Дун щола батIи-батIиял регионазде ва гьенибги...

Запись

Метер магIарул мацI хвезе батани…

Умумузул ирсалъул ахирисеб хъала   Россиялъул чанго регионалда хъвана магIарул мацIалъул диктант Диктант тIобитIизе ракIалде ккана «Аварал» абураб жамгIияб гIуцIиялда. Гьелъие кумекалъе рахъана МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциацияги ДРялъул Хъвадарухъабазул союзги. Диктанталъул аслияб мурад букIана рахьдал мацI машгьурлъизаби, гьелде рокьи куцай, умумузул ирсалъул адаб гьаби. ТIобитIана магIарул мацIалъул диктант анлъабилеб апрелалда МахIачхъала, Москва, Санкт-Петербург ва Южно-Сахалинск...

Запись

Республикаялъул гIумру

Хасавюрталъул масъала – федералияб нухмалъиялъул берзукь   Дагъистаналде ячIана Роспотребнадзоралъул бетIер, Россиялъул бетIерай санитарияй тохтур Анна Попова Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасги Анна Поповалъги тIобитIана данделъи. Гьелда бицана Хасавюрталда бакьазул инфекция ккеялъулги гьелде дандечIеялъул мурадалда гIуцIарал тадбиразулги хIакъалъулъ.ГьабсагIаталда Хасавюрталда бугеб хIалалъул хIакъалъулъги бицун, В. Васильевас баркала кьуна ДРялъул премьер-министр Артем Здуновасеги гьесул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулеб букIараб...

Запись

Рагьараб гара-чIвари

Критикаялъеги бакI камуларо   ДРялъул бетIерасул ХитIабалда тIасан пикраби загьир гьаруна республикаялъул СМИязул журналистаз Гьелда бан, данделъи гIуцIана ДРялъул Журналистазул союзалъ. Гьеб нухда бачана ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас. Гьенире рачIун рукIана ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъулги, ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул министерствоялъулги, муниципалитетазулги, батIи-батIиял газетазулгун электрониял СМИязулги вакилзаби.«Кинавго чи разияб иш букIунаро. Гьединлъидал жакъа...

Запись

БукIинеселде ишангун

20 марталда Дагъистаналъул бетIерас Халкъияб Собраниялде ХитIаб гьабуна   «РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалдаги «маялъул указаздаги» чIванкъотIун рихьизарун руго нилъеда це­ре­чIарал масъалаби. Гьел тIу­разаризе нилъеда тIадабги буго», — янги абун, байбихьана ДРялъул бетIерас ХитIаб. «Дир Дагъистан» Рехсараб цIаралда гъоркь тIоби­тIараб кадрабазул къецалдаса рази вукIинги загьир гьабуна ДРялъул бетIерас. «Россиялъул президента­сул администрациягун цадахъ...

Запись

Пашманаб лъугьа-бахъин

Сунде хIадур рукIине ккелел?   Дунялалъул батIи-батIиял улкабазда гIемерлъулел руго Дин-Авеню абураб мажгиталда чIвана 41 бусурманчи ва Линвуд абураб мажгиталда – микьгояв. Лъукъана 50-яв. ЧIвадарухъан, Австралиялда гьавурав 28 сон барав Брентон Таррант, вачIана мажгиталде ва гьабуна гьеб вахIшияб иш. Дихъа бажаричIо ЦIияб Зеландиялъул Крайсчерч шагьаралда ккараб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ бахъараб видеоялъухъ ахиралде щвезегIан балагьун – гьедигIанги...

Запись

Марталда къараб школа

Судалъул хIукмуялдалъун къана Ингердахъ росдал гьоркьохъеб школа   ЦIалул соналъул бакьулъ ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росдал гьоркьохъеб школа къана. Школалда цIалулев вуго 130-гIана­сев цIалдохъан. Гьеб къаялъе гIиллалъунги ккана чIабаралда, ай гIо­доб кьабураб хъорщода гъоркь сахлъиялъе заралияб ккал (грибок) бати. Гьеб суал тIубазегIан, судалъул хIукмуялда ре­къон, школа заманаялъ къалеб буго. Школа къая­лъул хIакъа­лъулъ гIатIидго хъвазе буго хадусеб...

Запись

ДРялъул хIукуматалда

Щибаб гъуруш берда гъоркь Артём Здунов: «Нилъер букIине ккола гIарац харж гьабиялъул рахъалъ мухIканаб къагIида» 13 марталда ДРялъул премьер-министр Артём Здуновас тIобитIараб данделъиялда бицана, республикаялъул бюджеталдаса гIарацги харж гьабун, ралел ругел бакIазул хIакъалъулъ. Цебелъураб масъалая­лъул кIудияб кIвар букIиналъул хIакъалъулъ бицунаго, Артем Здуновас гьадин абуна: «Исана нилъер буго инвестициязулаб республикаялъул кIудияб программа. Гьанже ургъизе ккола, чIезабураб...