Запись

Администрациялъул ишал

Шагьаралда бараб нур МахIачхъалаялда рагьана цIигьабун къачIараб «афгъаназул» парк 15 январалда ДРя­лъу­л тахшагьаралда махIач­хъа­лаялъулазе ва гьалбазе тIобитIана цIигьабун къа­чIараб ра­гъухъаби-интер­на­цио­налистазул парк рагьиялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъана Ма­хIачхъала шагьаралъул бе­тIе­расул ишал тIу­ралев Мурад ГIалиевги, генерал-майор ГIу­мар МуртазагIалиевги, Ма­­хIачхъалаялъул рагъулаб комиссариаталъул началь­ник, запа­салда вугев полковник Муртуз Идрисовги, «афгъаналги», жам­­гIиял хIа­ра­катчагIи ва гIадатиял гIа­да­малги. Данделъаразда байрамги баркун, тахшагьаралъул бетIерас...

Запись

ЖамгIияталда — мустахIикъаб бакI

ДРялъул Журналистазул союзалъ кIодо гьабуна Печаталъул къо   РакIрагьараб накъит ДРялъул бетIер дандчIвана республикаялъул СМИязул журналисталгун — Республикаяъул ункъо газеталъ нахъа тана гIасруялъул нух. Россиялда 100 сон тIубарал газетазул юбилеял тIоритIана кIудияб къадруялда. Нилъер республикаялда абуни гьеб тарихияб лъугьа-бахъин, гIарац гьечIин багьанаги батун, тIаса бихьизабуна. Жеги кватIун гьечIо нахъеги гьеб суалалде тIадруссине. Миллиял газетазул дагьал гьечIо...

Запись

Анкьил хIасилал

МустахIикъазе — шапакъатал   Шапакъатазе мустахIикълъана росдал магIишаталъул, промыш­ленносталъул, медицинаялъу­л, гIел­муялъул, лъайкьеялъу­л, ма­да­нияталъул, жамгIияб хIаракат­чи­лъиялъул, пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъазул мах­щелчагIи.Республикаялъул бетIерас би­­цана щуабилеб тIалаялдаса йор­тарай яс хвасар гьаюрал бихьиназул бахIарчияб ишалъул хIакъалъулъги. Яс хвасар гьаюрал Айдемир Кулдуевги ТIагьир МухIамадовги мустахIикълъана «ДРялда цере гьарурал хъулухъа­зе гIоло» орденазе.ДРялъул бетIерас абуна хасал шапакъатазе мустахIикъал ругин ни­лъер учительзабиги ва...

Запись

Лъималгун дандчIвай

Пагьмуял гIолилазухъ гьоболлъи бана Республикаялъул бетIер щвана «Кванториум» абураб лъималазул технопаркалде ДандчIваялда рукIарал цIал-дохъабазде гьадинаб хитIаб гьабуна республикаялъул бе-тIерас: «Нуж руго гIелцоязе гурелги, чIахIиязеги мисаллъун. ГьабсагIаталда нужер цIалиялъе лъикIал шартIал гIуцIун чIахIиязухъа бажарани, гIагарал соназда Дагъистанги цебетIезе буго. ЦIалулъ икъбал гьарула дица нужее, щайгурелъул гьеб мехалъ нужер нухккун унеб жамгIиятги букIине буго ритIухъаблъун, киналго рахъаз цебетIураблъун ва...

Запись

Бергьаразе шапакъатал

Грантазе мустахIикълъана ДРялъул бетIерасул грантал бергьаразда цIарал чIвана Лъайкьей ЦIиял технологиял хIалтIизарулел лъайкьеялъул идарабазул хIалтIу-хъабазе кумекалъе грантал щваразда гьоркьор руго: ДГУялъул кафедраялъул заведующий МухIамад ТIалхIатов – «ЕГЭялде хIадурлъулеб заманалда ДРялъул учительзабазе, цIалдохъабазе ва гьезул эбел-инсуе психологиябгун педагогияб кумек»; ДГУялъул профессор Анжела Дамадаева – «ДРялда сахлъиялъул рахъалъ гIунгутIаби ругел лъимал ФГОСазул къагIидаялде рачиналъулъ, учительзабазе, цIалдохъабазе ва...

Запись

БизнесчагIазе кумек

Сакъатал гIадамазда месед-гIарцул тIагIелал гьаризе малъула Наида МухIамадовалъ   18 декабралда, МахIачхъалаялда «Россия – дир тарих» тарихалъулаб музеялда тIобитIана «Мун — предприниматель» абураб федералияб программаялъул хIасилияб конгресс. Гьенир рихьизаруна гIолохъанал дагъистаниязул бищунго лъикIал бизнес-проектал ва тIобитIана пленарияб бахIс.«Предпринимательствялъул фаб­рика» проекталъе кьучI лъурав инвестор, тадбир нухда бачарав Айдар Булатовас бицана 2018 соналъул лъайкьеялъул программабаз данде вачун...

Запись

ХIасанхIусеновазул ахIи Путинида рагIана

20 декабралда РФялъул президент Владимир Путиница рагьараб эфиралда жавабал кьуна журналистазул суалазе   унго халатаб пресс-конференция – президентас жавабал кьун рукIана ункъо сагIатгун 40 минуталъ. Иргадулаб пресс-конференция РФялъул президентас байбихьана экономикаялъул лъагIалил хIасилаздаса: «Валовияб жанисеб продукт цIикIкIине буго 1,8 проценталъ. МоцIрол харжал цIикIкIана 6,9 проценталъ. Бегьулеб къадаралда хутIулеб буго инфляция – ункъо проценталдаса дагьалъ цIикIкIун....

Запись

Нухал ва гIадамал

Нухазда — низам цIуни 2018-2030 соназда нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хIакъалъулъ ицунеб данделъи тIобитIана МахIачхъалаялда Гьелда гIахьаллъи гьабуна РФялъул МВДялъул ГУОБДДя­лъул начальник Михаил Черни­ковас, «ХIинкъи гьечIого нух­­­да­сан хьвади» абураб экспер­талъулаб централъул президент Наталья Агреца, ДРялъу­л МВДя­лъул УГИБДДялъул цIияв тарав начальник Александр Шалагиница, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жапаровас, СахлъицIуниялъул, Лъай­кьеялъул ва гIелмуялъул, Тран­спорталъул министерствабазул вакилзабаз. Рехсараб...

Запись

Данделъи

Цого хIалтIухъ — цого харж «ДРялда «Лъайкьеялъул хIакъалъулъ» закон гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ» абураб суал цебелъуна миллияб библиотекаялда тIобитIараб данделъиялда Данделъи нухда бачана Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельниковалъ. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутаталги, ДРя­лъул хIукуматалъул членалги, минис­тер­ствабазулгун ведомствабазул ва Жам­гIиял палатабазул вакилзабиги, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулелги, журналисталги.Республикаялъул лъайкьеялда, хасго школаздагун лъималазул ахазда, бугеб хIалалъул хIакъалъулъ...

Запись

«Госуслуги» порталалъул кумек

Документазул суал Интернеталъул кумекалдалъун тIуразе бегьула   Исана анкьабилеб сон буго ни­лъер улкаялда «Госуслуги» абулеб портал хIалтIизе байбихьаралдаса. Гьелъ рес кьола хIукуматалъул ва муниципалиял хъулухъазул хIа­къа­лъулъ гIадамазе мухIканал бая­­нал щвезе. Порталалъул бу­кIу­неб квегIенлъиялъул ва гьениб хъвай-хъвагIай гьабизе кколеб къа­гIидаялъул хIакъалъулъ бицана Ма­хIач­хъалаялъул МФЦялъул хIал­тIу­хъан ГIабдула Къушевас: — ГIабдула, электронияб къагIи­даялда тIуразарулел пачалихъиял хъулухъазул (госуслуги) аслиял...