ХIурматиял магIарулал! Баркула тIаде щвараб Лъаялъул къо! Гьарула киназего щулияб сахлъи. ЦIияб лъай босизе, щун букIараб камил гьабизе ва лъималазе тарбия кьезе нилъее чара гьечIого хIажалъулеб жо бугелъулха сахлъи. Учительзабазе гьарула сабру, хIалтIизе гъира ва ракI разияб харж. ЦIалдохъабазе гьарула цIалулъги, спорталъулъги, хIалтIулъги икъбал. ХIурматиял умумул! Лъимал руго нилъеца коцонир тIурал, нилъеца куцахъе лъугьунел жал....
