Абакар Якъубов ракIалдещвезавуна Дагьал церегIан къоязда Сугъралъ росулъ фикультураялъул учитель, гIолилазул насихIатчи Абакар Якъубов ракIалдещвезавиялъул хIурматалда тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ къецал тIоритIана. Гьелда гIахьаллъана Гъуниб районалъул микьго росулъа 100-ялдаса цIикIкIун чи. Къецал тIоритIана гьитIинаб ва гIолохъанаб гIелалъул руччабазда ва бихьиназда гьоркьор. ЛъикIал хIасилал рихьизаруна Сугъралъ, БацIада, ХIутни росабалъа спортсменаз. Гьенир лъикIал хIасилал рихьизарурал спортсменал данде...
