Къокъго Унсоколо районалда кIодо гьабуна Шамил имам гьавуралдаса 220 сон тIубай Гьеб дандеруссиналда гIахьаллъана Дагъистаналъул районаздаса ва шагьараздаса гьалбал: шагIирзаби, хъвадарухъаби, гIалимзаби, тарихчагIи, журналистал ва цогидалги. Тадбир рагьана ва нухда бачана районалъул культураялъул отделалъул начальник ГI. МухIамадовас. Шамил имамасул гIумруялъул ва гьес нахъе тараб хвел гьечIеб лъалкIалъул, бахIарчилъиялъул бицана районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовас, Дагъистаналъул...
