Улкаялъул халкъазул цокIалаб рекIел кьаби Пятигорскалда тIобитIана Россиялъул халкъазул миллияб адабияталъул фестиваль Миллатазул анкькьераб нур Фестиваль рагьана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Андрей Галактионовас. Халкъазул цолъиялъул къоги баркун, гьес абуна: «ГIасрабаз гIуцIана нилъер умумуз гьаб пачалихъ. Гьез тIегьазабуна вацлъиги, гьудуллъиги, лъикIал бухьеналги. СКФОялъул халкъазул батIи-батIиял мацIазул адабияталдаги руго гьелъие гIемер мисалал»,- ан. Ставрополь...
