Лъимал гьечIесе – цо, ругесе – кIиго ургъел Аби буго «Лъималазул бетIер унтани, эбелалъул ракI унтулин». Гьаб макъала хъваялъе гIилла ккана шагьаралда цо-цо маршруткабазул водителазул лъималаздехун бугеб бербалагьи бихьидал. Хинаб шагьарилан рикIкIуна МахIачхъала. Амма дагьаб гIазу-цIад базе лъугьарабго, гьороца «ургьибе» лъугьинабула квач. ГIемер беццизесеб нухлул шартIал гьечIеб шагьаралда гьединаб гьава-бакъ рекъечIеб заманалда гIемераб къобихьула...
