Дагъистаналда рагьана терроралде данде къеркьолеб цогояб фронт Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъабабилеб сентябралда Гьудуллъиялъул рокъоб тIобитIараб данделъиялда. «Нилъее парахалъиги баракатги бокьун батани, жагьиллъиялдаса эркенлъизе ккола нилъ. Жагьиллъиялъул хIасил ккола терроризм. Нилъее гьелъ бачIана гIемераб балагь. Жакъасеб форум тIобитIиялъул аслияб мурад буго, Дагъистаналда терроралде данде къеркьолеб цогояб фронт гIуцIулеблъи киназдаго цоги нухалда...
