Щуабилеб сентябралда Казбек районалда тIобитIана Россиялъул бахIарчи Арзулум Ильясов гьавуралдаса 70 сон тIубаялъул хIурматалда ракIалдещвеялъулаб тадбир. Россиялъул БахIарчи, милициялъул полковник, Дагъистаналъул СОБРалъул командир, юридикиял гIелмабазул кандидат Арзулум Ильясов гьавуна 1953 соналъул 2 сентябралда Казбек районалъул Гуни росулъ. I983 соналдаса байбихьун гIумруялъул ахиралде щвезегIан хъулухъ гьабуна СССРалъул Жанисел ишазул министерствоялъул гIуцIабазда, мухъилав милиционерасул хъулухъалдаса байбихьун, СОБРалъул...
