Республикаялъул травматологиябгун ортопедикияб централъул административиябгун магIишатияб бутIаялъул бетIерав тохтурасул заместитель Рамазан Эскиевас редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Нижер центр рикIкIуна республикаялъул сахлъицIуниялъул идарабазда гьоркьоб медицинаялъул хIалтIухъабазе бищунго захIматаб ва хIалуцараб хIалтIул бакIлъун.Къасиги къадги медицинаялъул хехаб кумекалъул ва жалго бетIергьанал машинабаз централде рачун рачIуна лъукъарал, гьабзаз хIанчIарал ва цогидал къварилъаби ккарал унтарал. ГIемерисезул гIумру ва...
