Футболалъул рахъалъ Россиялъул премьер-лигаялъул иргадулаб туралда МахIачхъалаялъул «Анжиялъ» къабул гьабуна Москваялъул «Динамо» команда. Дагъистаниязда футбол чIалгIунищ ялъуни ахираб заманалда щибаб хIаялда къолеб «Анжиялда» ццим бахъунищ бугебали лъаларо, стадионалде рачIунезул къадар, цебеялда дандеккун, дагьлъун буго. ХIаялъул гIемер бицинаро, щайгурелъул иргадулабги нухалъ нилъерал къуна. «Анжиялъул» кавабахъе «динамоялъулаз» кьабуна лъабго гол. Нилъеразин абуни жаваб гьабуна гIицIго цо голалдалъун....
