Гъуниб районалъул Сугъралъ рагьана цIияб мажгит Росдал кIудияб мадрасаялда цIалулаан цохIо росуцоял гурелги тIолабго Дагъистаналдасаго мутагIилзабиги. Гьенир цIалана, жиндирго лъай гъварид гьабуна исламияб сверухълъиялда цIар тIибитIарал гIалимзабаз, диниял церехъабаз. Гьединаллъун ккола Къудукьа МухIамад, МухIамад Ярагъи, Гъази-Гъумекиса Жамалудин, ГIали Каяев ва гIемерал цогидал. Гьенив цIаларав Халил-Бег Мусаясулас гьеб мадрасаялъул даража рикIкIунаан Европаялда (Франциялда) бугеб Сорбонна университеталда...
