Вакиллъиялъул аслиял масъалаби ккола Дагъистаналъул мурадал цIуни МоцIалъ цебе рес щун букIана дие Краснодар краялда анкь тIамизе. Дагьаб заманалда жаниб гьенир ккана гIезегIан батIи-батIиял лъугьа-бахъинал, дандеракIариял. Гьезда гьоркьор рукIана ракьцоязулгун дандчIваялги. Нусазаргоялдаса цIикIкIун дагъистанияс гIумру гьабулеб краялда буго «Цолъи» («Дагъистаналъул халкъазул маданияталъул центр») жамгIияб гIуцIиги. Газеталъул цебесеб номералда (№40, 13 октябрь) кьун букIана гьеб...
