ВатIаналда букъана КIудияб ВатIанияб рагъда хварав МухIамад Казбековасул жаназа МухIамад Казбеков гьавуна Бабаюрт районалда. Гьев хвана Ленинградалда гIагарлъухъ, фашистазде данде вагъулаго. МухIамадил жаназа батана 2016 соналда Ленинград областалда. Гьениб цIех-рехалъул хIалтIи гьабулеб букIана «Ропша» абураб къокъаялъ. Жаназаялда аскIоб батараб кагътида хъван руго гьадинал рагIаби: «МахIачхъала шагьар, Хасавюрт станция, Бабаюрт росу… яц… вац Абат. Казбеков...
