Духъаго бажарани, биххараб къачIай ГIадамал гIатIиракьалдеги гочун, росабалъ чи хутIулев гьечIо. Гьединал бакIазда школа баялъул магIна гьечIин абулеб буго ДРялъул лъайкьеялъул министрасул ишал тIуралев ШиргIали ГIалиевас.27 декабралда гьев дандчIвана республикаялъул СМИязул журналисталгун. Гьениб бицана 2017 соналда гьабураб хIалтIул хIасилазулги ва цIияб соналде хIадурарал планазулги хIакъалъулъ. Жиндирго гара-чIвари ШиргIали ГIалиевас байбихьана школалда цебесеб лъайкьеялдасан. Иргаялда...
