Запись

Путинил рагIабиги рахьдал мацIалъул кIварги

МацI гьечIони, нилъ гьечIо   Дагьаб цебегIан Йошкар-Олаялда тIобитIараб Миллиял гьоркьорлъабазул советалда кIалъалаго,  республикаялда гIурус мацI малъиялда, гьеб лъазабиялда  бан Россиялъул Президент В. Путиница абуна мацIал лъазари бугила, Россиялъул  Конституциялда рекъон, щивас жиндие бокьун гьабулеб иш ва пачалихъияблъун  кколеб гIурус мацI лъазабиги лъикIлъизабизе ккелилан. Сунда бан борхараб улкая­лъул президентас мацIазул суал? Гьелъие гIиллалъун ккана миллиял...

Запись

Ресал ва масъалаби

Ресукълъиялде рачана   ГIемерал лъимал ругел хъизамал хутIана пособиялги гьечIого ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2017 соналда гьел пособиял щолел рукIана 777 хъизамалъе. Гьезда гьоркьоб букIана 10 лъимер хьихьулеб анкьго хъизам ва 580 хъизамалда букIана щугоялдаса ичIгоялде гIунтIун лъимер. 188 хъизам букIана игизал хьихьулеб ва кIиго хъизамалда –цадахъ гьабураб лъабго лъимер.Гьеле гьел...

Запись

«Абилимпикс» — сакъатазе кумек

«Абилимпикс» — сакъатазе кумек Сахлъи загIипал хIалтIудалъун хьезарулел руго Дагъистаналда тIоцебесеб нухалда тIобитIана «Абилимпикс» абураб цIаралда гъоркь сакъатазда гьоркьоб махщелазул рахъалъ конкурсазул регионалияб чемпионат. 3-4 октябралда, Каспийскалъул «Энергия» ДЮСШалде ракIарун рукIана батIи-батIияб махщел кодосел гIолилал. ХIалтIи щвеялъе гIоло тIоритIарал къецазулъ гIахьаллъана сахлъиялъул рахъалъ гIунгутIаби ругезул 40 чи. ХIалтIуде росизе руго: психология, физическияб культура, программирование, массажист,...

Запись

ЖамагIат гъункиялъе нугI

Гъуниб районалъул Сугъралъ рагьана цIияб мажгит Росдал кIудияб мадрасаялда цIа­лулаан цохIо росуцоял гурелги тIолабго Дагъистаналдасаго мутагIилзабиги. Гьенир цIалана, жиндирго лъай гъварид гьабуна исламияб сверухълъиялда цIар тIибитIарал гIалимзабаз, диниял церехъабаз. Гьединаллъун ккола Къудукьа МухIамад, МухIамад Ярагъи, Гъази-Гъумекиса Жамалудин, ГIали Каяев ва гIемерал цогидал. Гьенив цIаларав Халил-Бег Мусаясулас гьеб мадрасаялъул даража рикIкIунаан Европаялда (Франциялда) бугеб Сорбонна университеталда...

Запись

Анатолий Карибов принял участие в церемонии открытия Фестиваля культуры и спорта народов Кавказа

Первый заместитель председателя Правительства Республики Дагестан Анатолий Карибов 30 сентября принял участие в церемонии открытия Фестиваля культуры и спорта народов Кавказа, сообщили РИА «Дагестан» в пресс-службе Администрации Главы и Правительства республики. Открытие спортивного форума состоялось на главной арене республиканского стадиона «Спартак» во Владикавказе. В открытии восьмых по счету соревнований также участвовали министр РФ по делам...

Запись

Сугъралъ тIобитIана къец

Абакар Якъубов ракIалдещвезавуна   Дагьал церегIан къоязда Сугъралъ росулъ фикультураялъул учитель, гIолилазул насихIатчи Абакар Якъубов ракIалдещвезавиялъул хIурматалда тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ къецал тIоритIана. Гьелда гIахьаллъана Гъуниб районалъул микьго росулъа 100-ялдаса цIикIкIун чи. Къецал тIоритIана гьитIинаб ва гIолохъанаб гIелалъул руччабазда ва бихьиназда гьоркьор. ЛъикIал хIасилал рихьизаруна Сугъралъ, БацIада, ХIутни росабалъа спортсменаз. Гьенир лъикIал хIасилал рихьизарурал спортсменал данде...

Запись

ВатIанцоязул форум: гIаммал масъалаби

Жиндиего чури гьабун бажаруларес чияе бахъухъ гьабиладай?   Нилъ рохизе ккола, къватIисел ул­кабаздаса журналистал гурелги, ватIанцоялги Дагъистаналде рачIун рукIиналдаса. Журналистаз бицина республикаялда ккарал лъикIал хиса-басиязул хIакъалъулъ. Умумузул ракьалда батараб гьоболлъигун хинлъиялъул хIакъалъулъ жеги лъикI бицина, рокъоре тIадруссараб мехалда, арал гIасрабаздаго къватIире ккарал дагъистаниязул наслабаз. Гьел руго дунялалдаго: Турциялда, Сириялда, ГIиракъалда, Иорданиялда, Азербайжаналда, Германиялда, Франциялда, ГIизраилалда,...

Запись

Миллиял мацIазул гьаракьги рагIизе батила

Исана гIахьаллъана анлъго пачалихъалъул басмаханаби   ГIахьаллъана гьенир Россиялъул регионазул ва Дагъистаналъул басмаханабиги. Лъабго къоялъ тIоритIана шагIирзабазулгун, хъвадарухъабазулгун дандчIваял, гургинал столал, миллияб адабият цебетIеялъе къваригIунел шартIазул бицарал конференциял. Ярмаркаялда цебебахъана Кабардино-Балкариялъул фольклорияб ансамбльги. Гьелъ рихьизаруна Россиялъул халкъазул кьурдаби, гьелъул гIахьалчагIаз цIалана Дагъистаналъул шагIирзабазул кучIдул. Жидерго цIиял тIахьалгун цIалдолезда церерахъана ярмаркаялъул гьалбал-хъвадарухъаби. Абизе бегьула, тIахьазул байрамалъул...

Запись

Районаздаса харбал

Хунзахъ тIалъиялда  чуял тIамуна Муфтиясул хIурматалда кIиабилеб нухалда тIобитIараб тадбир Хунздерие бищунго рокьулел спортивиял къецазул цояб ккола чуял тIами. Санайил Бергьенлъиялъул байрамалда ТIануси росдада гIагарлъухъ бугеб ГIалагIарт майданалда чуял тIамиялъул къецал  лъугьун руго берцинаб гIадатлъун. 23 сентябралдаги цIидасанги данделъун рукIана хунз ва тIаде рачIарал гьалбал чуял тIамиялъул байрамалде. Гьаб нухалда гьеб тIобитIулеб букIана Дагъистаналъул муфти...

Запись

Дагомысалда — Россиялъул журналистазул данделъи

Заманалда рекъон хIалтIизе ругьунлъулел руго   Россиялъул Журналистазул союзалъ Дагомысалда тIобитIараб журналистазул ХХI фестивалалда гIахьаллъана Россиялъул тIолалго регионаздаса ва къватIисел пачалихъаздаса журналисталги, политикалги, гIалимзабиги, публицисталги, режиссералги, продюссералги, актералги. Фестивалалъул тIоцебесеб къоялда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана жакъа газет-журналал чIаго хутIизе рес бугищ абураб суал. Россиялъул, Сириялъул, Украинаялъул ва Латин Америкаялъул цIар арал журналистаз мастер-классал рихьизарулел...