«Дир ВатIан — Россия!» абураб агитпрограммаялъул фестивалалъул гала-концерт букIана 19 сентябралда ГIалимпаша Салаватовасул цIаралда бугеб ЛъарагIазул театралда. Гьеб гIуцIун букIана Дагъистаналда ругел Россиялъул халкъазул гIадатазулги маданияталъулги кIалгIабазда терроризмалде данде гьабулеб хIалтIи бихьизабизелъун. ХIасилал гьарулеб фестивалалде цебе гьелъул лъабго этап тIобитIана Дагъистаналъул ункъабго территориалияб округалда ругел муниципалиял районазда. Гьениса жюриялъ тIаса рищарал церерахъиналгун гала-концерталда гIахьаллъана...
