25 ноябралда тIобитIана Россиялъул Журналистазул союзалъул ХII съезд Гьениб гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса 700-ялде гIагарун, Дагъистаналдаса — 30 журналистас. 2013-2017 соназ гьарурал аслиял хIалтIабазул бицана Журналистазул союзалъул председатель Всеволод Богдановас. Гьес 25 соналъ нухмалъи гьабуна Союзалъе. Бищун захIматал, киналго жамгIиял гIуцIаби риххулел соназда гьесул хIаракаталъ цIунана журналистазул цолъи.Гьанжесеб съездалъул аслияб масъала букIана цIияв...
