Журналистазда, мухбирзабазда, басмабазул идарабазул хIалтIухъабазда баркула Россиялъул Печаталъул къо! Республикаялъул СМИяз кIвар бугеб бакI ккола жамгIияталъул гIумруялъулъ. Хасго кIудияб кIвар буго, дандчIвалел захIмалъабазухъ балагьичIого, журналистаз щвалде щун республикаялда, улкаялда ва дунялалда кколел лъугьа-бахъинал мухIканго лъазариялъул ва гьезие хIакъикъияб, ритIухъаб къимат кьеялъул. РакIчIарав вуго, Дагъистаналъул журналистаз хадубккунги халкъалъухъе ритIухъаб информация щвезабизе хIаракат бахъизе букIиналда. Божарав вуго...
