Запись

Баракатаб батаги

Щибаб сон байбихьулаго, нилъеца пикру гьабула лъикIал ишазул, нахъа тараб нухлул, тIурарал ва тIурачIел масъалабазул, анищазул хIакъалъулъ   Бигьаяб букIинчIо редакциялъул коллективалъеги 2017 сон – анкьида жаниб алхинчIого къватIибе биччазе кколеб газета, гьелъие ралагьизе кколел материалал, цIалдолезул кагътазулгун хIалтIи, сапарал, дандчIваял. Редакциялъ хIаракат бахъана улкаялда ва республикаялда кколел лъугьа-бахъиназул, хиса-басиязул, экономикаялда, промышленносталда, росдал магIишаталда, культурияб,...

Запись

Харжал цIикIкIинариялде кIвар кьолеб буго

Гьелъие гIоло республикаялъул бюджеталда бихьизабун буго 7 млрд гъуруш   ГIадатлъун батухъе, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул сессия байбихьана депутатазул фракциязул вакилзабазул кIалъаяздалъун. Коммунистазул фракциялъул рахъалдасан кIалъана депутат АхIмаднаби МухIамадов. Гьес тIадчIей гьабуна экономика цебетIезабиялъулъ ругел цо-цо гIунгутIабазда ва гьел лъугIизари мурадалда гьаризе кколел тадбиразда.«РитIухъаб Россия» фракциялъул рахъалдасан кIалъарав Мурад Пайзулае­вас кIвар буссинабуна Дагъистаналда предпринимателазе...

Запись

Щуго проект

ГIисинабги гьоркьохъебги бизнесалъул масъалабазул хIакъалъулъ бицана   Республикаялъул нухмалъулес бицана рехсараб Корпорациялъулгун гьабураб бухьеналъул кIудияб кIвар бугин Дагъистаналъул бизнесалъул цебетIеялъе. Александр Браверманица абуна Дагъистаналда ругин инвестициязул проектал гIумруялде рахъинариялъе лъикIал шартIал. Гьезда гьоркьор рехсана географиялъулалги гьава-бакъалъулалги шартIалги. «Корпорациялъ Дагъистаналъе кьу­на 3,1 млн гъуршил багьаяб ун­къо гарантия (гIисинабги гьоркьо­хъебги бизнесалъе). Гьелдалъун рес щвана анлъго млн гъуршил...

Запись

Владимир Путин распорядился выделить финансовую помощь Дагестану

Президент России Владимир Путин подписал распоряжение о выделении Республики Дагестан 3,2 миллиарда рублей для сбалансированности бюджета.   Президент России распорядился в 2017 году выделить бюджетам Дагестана и Новгородской области совокупно 4,3 миллиарда рублей дотаций в целях обеспечения сбалансированности бюджетов регионов, соответствующий документ опубликован на официальном портале правовой информации. «Выделить в 2017 году из резервного фонда...

Запись

ТIадруссана, ракIбацIцIадго хъулухъги гьабун

МахIачхъалаялъул аэропорталда дандчIвай гьабуна Сириялда букIараб рагъулаб полициялъул батальоналда   11 декабралда Сириялъул Хмеймим авиабазаялде щвана Россиялъул президент Владимир Путин. Гьенив вукIаго, РФялъул оборонаялъул министрасдаги генералияб штабалъул начальникасдаги гьес лъазабуна Сириялда бугеб Россиялъул аскариязул къокъа рокъобе тIадбуссинабизе байбихьеян. Аслияб хъулухъ тIубалеб бакIал-де – Дагъистаналде тIадбуссараб рагъулаб полициялъул батальоналда дандчIвазе МахIачхъалаялъул аэропорталде вачIун вукIана ДРялъул бетIерасул...

Запись

Конституциялъул къо

ХIурматиял дагъистаниял!   Баркула нужеда пачалихъия­л байрамазул бищунго магIнаяб, кIвар бугезул цояблъун кколеб Рос­сия­лъул Федерациялъул Кон­ститу­циялъул къо!ТIолгохалкъалъ гьаракьги кьун аслияб Закон къабул гьаби кко­ла нилъер улкаялъул тари­хал­да цебетIеялъул заман кIо­до­гьа­билъун, жибго жиндаго чIа­раб (су­вереннияб) демократияб фе­де­ративияб, правовияб пачалихъ гIу­цIиялъе щулияб кьучIлъун, гьелъ бихьизабуна анцI-анцI соназ цебеккун нилъер цебетIеялъе стратегияб нух.РакIчIарав вуго, Конституци­ялда мугъчIвайги гьабун, гьелъул...

Запись

ИГилалъул хьулал хIорлъулел руго

Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин   2014 соналдаса байбихьун, жакъа къоялде щвезегIан гIезегIанго чи чIвана Сириялда нилъер республикаялдаса, гIемерал руго хабар лъачIого тIагIаралги Ахирал соназда нилъер республикаялда цебечIараб балагьаб суаллъун лъугьана Сириялда унеб бугеб рагъулъ террористазул рахъалда нилъер гIадамаз гIахьаллъи гьаби.Гьеб рагъул кор боркьизабуразда гьоркьор руго батIи-батIиял къуваталги политикиялгун рагъулал гIуцIабиги. Гьезул цояблъун ккола ИГил (Исламияб...

Запись

ДРялъул хIукуматалда

Цадахъал проектал   ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидов дандчIвана Китаялъул предпринимателалгун Китаялдаса гьалбалгун дандчIваялда гIахьаллъана ДРялъул пред­принимательствоялъулги инвестициязулги агентствоялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Башир МухIамадовги «Дагъистаналъул цебетIеялъул корпорация» ОАОялъул нухмалъулев Элбрус ХIасановги. Дагъистаналде рачIун рукIарал ки­таялъулазда гъорлъ рукIана «WinningInvestments» инвестиция­зу­лаб къокъаялъул президент, «Hia­wathaOilServices» абураб газа­лъулгун чIегIернартил проектазул аслияв акционер Ван Вэйги, «Tran­sbulkInternational» компаниялъул президент,...

Запись

ХIалуцун ана заман

Ункъабилеб декабралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана улкаялъул президент Владимир Путингун   Гьезда гьоркьоб ккана гьадинаб га­ра-чIвари.В. Путин: Владимир ГIабдугIалиевич, мун кIиго моцIалъ хIалтIулев вуго республикаялда. Кинаб пикру ккараб дур гьелъул хIакъалъулъ?В. Васильев: Заман хехго ана, хIалуцун.В. Путин: Кинаб хIал бугеб хIалтIулъе лъугьиналъул рахъалъ? Республикаялда иш кин бугеб?В. Васильев: ХIалтIи унеб буго. ЗахIмалъабиги...

Запись

Россиялъул Журналистазул союзалъул цIияв нухмалъулев

25 ноябралда тIобитIана Россиялъул Журналистазул союзалъул ХII съезд   Гьениб гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса 700-ялде гIагарун, Дагъистаналдаса — 30 журналистас. 2013-2017 соназ гьарурал аслиял хIалтIабазул бицана Журналистазул союзалъул председатель Всеволод Богдановас. Гьес 25 соналъ нухмалъи гьабуна Союзалъе. Бищун захIматал, киналго жамгIиял гIуцIаби риххулел соназда гьесул хIаракаталъ цIунана журналистазул цолъи.Гьанжесеб съездалъул аслияб масъала букIана цIияв...